Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелги ралагьун рукІаго, хиса-басун лъугьана ГІиса. Гьесул гьумер бакъ гІадин гвангъана, хъахІлъун лъугьараб ретІел нурлъун кенчІелеб букІана. ЦІадаб биунеб бугеб мазгаралда релълъун рукІана хІатІал. Лъадал кІудияб чвахелоялъул гІадинаб букІана гьаракьги. Гьесул кваранаб хъатикь букІана анкьго цІва. Гьесул кІалдиса къватІибе бачІунеб рагІиги релълъунаан кІибалаб ва рекІараб хвалченалда. Къалъул гІужалда бакъ гІадин гвангъун букІана гьесул гьумерги.
Выбор основного перевода