Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Гьаре нужеца – нужее кьечІого толаро; балагье нужеца – батичІого хутІуларо, нужеца нуцІа бухе – гьеб рагьичІого толаро. Гьединлъидалин дица нужеда абулеб бугеб: дугІадулъ нужеца Аллагьасда щиб гьарулеб бугониги, нуж божа гьес нужер гьари тІубан бугилан. ТІубазеги бугебха гьеб! Дица тІубазабила, дир цІар рехсон нужеца щиб гьараниги, – Васасдалъун Эмен машгьурлъизе. Дир цІар рехсон нужеца щиб дида гьараниги, гьеб дица тІубазабила. Гьеб къоялъ лъала нужеда дун дирго Инсулъ вугевлъи, нуж дилъ ругеллъи, дун нужелъги вугевлъи. Дун нужеца тІаса вищичІо, дица нуж тІаса рищана ва ритІана, гъабул чІоралда тІад цІибил гІадин, пайда цІикІкІинабизеги, гьеб абадиялъго хутІизеги, дир цІар рехсон гьарарабщинаб дир Инсуца нужее кьезеги. Аллагьасда цебе нилъее хІинкъи гьечІолъи сундалъунха лъалеб? Гьесул изнуялдалъун нилъеца щиб гьараниги, гьесда гьеб рагІула. Нилъеца гьарарабщинаб гьесда рагІулеб букІин нилъеда лъани, нилъеда лъала гьарарабщинаб гьесдасан щвезе букІинги.
Выбор основного перевода