Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21
Параллельные места
Нилъер агьлуялда гьоркьор Аллагьас тІуразарурал ишазул хІакъалъулъ къисаби, байбихьудаса бахъараб гьеб кинабго жидеда бихьарал ва Аллагьасул РагІиялъе жидеца хъулухъ гьабурал гІадамаз рицухъе хъвазе гІемерав чияс хІалбихьана. Амма Илагьияб РухІ нужехъе рещтІараб мехалъ, къудратги щвела нужее. Цинги дир хІакъалъулъ бицунел нугІзаллъун рукІина нуж цин Иерусалималда ва тІолабго Ягьудиялдагун Самариялда, цинги дуниялалъул рагІалде щвезегІанги. Гьединлъидал цо чи тІаса вищизе ккола, ГІиса хваралъуса вахъанилан гьесги нилъеда цадахъ нугІлъи гьабизе. Гьев вукІине ккола ТІадегІанав ГІиса нилъгун вугеб заманаялда кидаго – ЯхІяца лъадалъ ччун вахъаралдаса зобалазде восун араб къоялде щвезегІан, – нилъеда гьоркьов вукІарав чи.
Выбор основного перевода