Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
рукІунарел-лъугьунарел жал рицунгейилан, анкьумумузул цІарал рехсон заман инабугейилан. Гьеб сабаблъун гІемер дагІбаги ккола. Аллагьас нилъее бихьизабураб ва иманги лъун нилъеца гьабулеб бугеб ишалъе щибго пайда гьечІо гьелъул. Мун рикІкІад чІа Аллагь рикІкІунарезул гьересиял ва херал руччабазул гІадинал харбаздаса. Мунго ругьун гьаве хІакъаб муъминлъиялъе. Гьездаги ракІалде щвезабе гьеб. Аллагьасда цебе кидаго кьварун лъазабе гьезда гьодорал рагІабазул рахъалъ дагІба-къец гьабугейилан. ГІенеккаразе гьелдасан, къосин гурони, пайда гьечІо. Иман гьечІел ва гьодорал харбал рикІкІад гьаре. Гьез гІадамал Аллагьасдаса цІакъго рикІкІалъизарула.
Выбор основного перевода