Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. ГІиса МасихІ вачІинегІан ралагьун чІун ругел нужелъ камураб гьунар хутІун гьечІо гьанже. хваралъуса вахъинавурав гьесул Вас, къиямасеб къоялъ Аллагьасул цциналдаса нилъ хвасар гьарулев ГІиса вачІиналъухъ нуж ралагьун чІун рукІиналъулги.
Выбор основного перевода