Нужехъа бажарараб къагІидаялъ ракълида рукІа нуж киназдехунго.
Нилъер щивав чиясда тІадаб буго аскІов вугесул божи-иман щулалъулеб пайдаяб иш гьабизе.
Киналго гІадамалгун ракълида рукІине хІаракат бахъе. РацІцІадго хьваде, вацІцІадго хьвадуларесда ТІадегІанав вихьуларевин.