– Кинал? – абун гьикъана дос. ГІисаца абуна: – «Чи чІваге», «зина гьабуге», «цІогьодуге», «гьересинугІлъи гьабуге»,
КІиабилебги: «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги». Гьеб кІиялдасаго тІадегІанаб амру гьечІо.
Дос жаваб кьуна: – «Дурго БетІергьан Аллагь дуе вокьа дур тІолабго ракІалдалъун, дур тІолабго рухІалдалъун, дур тІолабго къуват-жаналдалъун, дур тІолабго гІакълу-пикруялдалъун» ва «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги».