Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьаб буго киназулго мунагьал чуризе гІоло тІолеб дир би – ЦІияб КъотІи щулалъиялъе тІолеб би. Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб. Жеги нилъ загІипго рукІаго, Аллагьас болжал цІараб заманалда, МасихІ хвана мунапикъзабазул мунагьал сабаблъун. Амма нилъер ватІан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев ТІадегІанав ГІиса МасихІ гьенисан вачІиналъухъ урхъун руго нилъ. хваралъуса вахъинавурав гьесул Вас, къиямасеб къоялъ Аллагьасул цциналдаса нилъ хвасар гьарулев ГІиса вачІиналъухъ нуж ралагьун чІун рукІиналъулги. Аллагь разилъизавидал, гьанже дие къачІан буго бергьенлъиялъул шапакъат. Къиямасеб къоялъ ТІадегІанас кьела дие гьеб. Гьев вуго ритІухъав судияв. ЦохІо дие гуребги, гьев вачІиналъухъ гІащикъго ралагьун чІун ругелщиназеги кьела гьес гьеб.
Выбор основного перевода