Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
Гьединлъидал дица нужеда абулеб буго: киналниги мунагьалги ва иманалда лъурал бугьтаналги тІасалъугьун тезе руго БетІергьанас. Амма Илагьияб РухІалда лъураб бугьтаналда тІасалъугьине гьечІо. Женалъ жиндасаги гІасияб анкьго женги бачуна жиндаго цадахъ гьеб рокъобе. Рахъун гьенир чІола гьел. Гьебмехалъ дов чи цебе букІаралдасаги квешаб хІалалде ккола. Гьедин ккезе буго гьаб квешаб умматалъеги. ГІисаца гьелда абуна: – Аллагьасдасан насиблъулеб сайигъатги лъалебани ва лъим кьейилан дуда гьарулев вугев чи щивалиги лъалебани, дуцаго гьарилаан гьесда лъим кьейилан, ва гьес дуе кьелаан чІаголъиялъул лъим. Дир цо суалалъе жаваб кье нужеца: Къануналъ малъарал жал гьариялдалъунищ нужее Илагьияб РухІ щвараб, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божиялдалъунищ? Къануналъ малъараб нужеца гьабидалищ, яги, Рохалил хабар рагІун, гьелда божидалищ – Аллагьас нужее Илагьияб РухІ кьураб ва нужеда гІаламатал рихьизарурал? Аллагьасул баркаталдалъун иман лъеялъ хвасар гьаруна нуж. Нужедалъун гуро гьеб лъугьараб, Аллагьасул цІобалдалъунин.
Выбор основного перевода