Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
К Евреям
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Параллельные места
ЦІалаца гІадин квар-гІарщалъ рухулаго гьел гІадамалги гІи-боцІиги къватІире гъуна ГІисаца, гІарац хисулел чагІазул столалги кІалагъоркье чІвазарун, гІарац гІодобе щущазабуна. Маккал ричулел чагІазда гьес абуна: – Нахъе босе гьаб кинабго. Дир Инсул рукъ базаралде сверизабуге, – ян. Гьебмехалъ ГІисал муридазда ракІалде щвана: «Дур рукъалъухъ бергьараб хІасраталъ вухІулев вуго дун», – абун ТІухьдузда хъван бугеб калима. Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, – ян абулеб буго БетІергьанас. – Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге». Амма нилъер ватІан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев ТІадегІанав ГІиса МасихІ гьенисан вачІиналъухъ урхъун руго нилъ.
К Евреям
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13
Выбор основного перевода