Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьев Мусайин вукІарав гІицІаб авлахъалде данделъараб Исраилил халкъалда цадахъ. Гьенир Мусада цадахъ рукІана нилъер умумулги ва Синай магІарда гьесда кІалъарав малаикги. Нилъее кьезелъун Аллагьас гьесде рещтІана жакъаги цере ругел амруял. Гьедин батани, Къанун щайха къваригІун букІараб? Такъсир сабаблъун тІаде жубан букІана гьеб. Аллагьас рагІи кьун букІарав дов Ибрагьимил наслуялъул чи вачІинегІан хІалтІизабизе рещтІана гьеб. Малаикзабазда кодоса щвана гьеб, гьоркьохъанлъун инсанги вукІана. Малаикзабиги ритІун нилъер умумузухъе Аллагьас рещтІинабураб рагІигицин щулияб букІана, гьелъие мукІурлъичІезе яги гьелъухъ гІенеккичІезе ритІухъаб тамихІги гьабуна.
Выбор основного перевода