Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6
Параллельные места
ЖугьутІалги, грекалги, Аллагьасде иман лъуразул агьлуги къосинариларедухъ хьваде нуж. Цинги дие щвараб баркатги лъан, дихъеги Барнабахъеги, нилъ цолъун рукІинилан, квер бегьана иман лъуразул агьлуялъул бутІруллъун рикІкІунел рукІарал Якъубица, Кефаца ва Иоанница. ХІукму ккана ниж цогидал халкъазухъе ине, гьел жугьутІазухъе ине. ХІасил, гьанже нуж чиярал гуро, апарагзабиги гуро. Иман лъуразул агьлуялда гъорлъ ихтияр бащадал гІадамал руго нужги ва Аллагьас жиндираллъунги гьарун руго. Чапарзабазги аварагзабазги тІамураб кьучІалда тІад бараб миналъун руго нуж. КьочІол гамачІлъунги МасихІ ГІиса вуго. Гьелда тІад чІурканго балеб буго тІолабго мина. Гьелъул лъугьунеб буго Аллагьасул мукъадасаб рукъ. Аллагьасул РухІ рещтІараб рукълъун рукІине, МасихІгун цолъун, нужги лъугьун руго гьеб миналъун. Жиндирго рукъалъул гІадамазе гІадлу гьабизе кІоларев чиясда Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъул тІалаб гьабизе кІвеладай? Гьелъие гІололъидал нилъ гъеж гурун хІалтІулел ругел, къеркьолел ругел, абадияв-даимав Аллагьасде хьулги лъун. Гьес хвасар гьаруна киналго гІадамал, хасго иман лъуралал. Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда. МасихІ вуго Аллагьасул минаялда хурхарабщиналъул бетІерлъуда тарав хилиплъуларев вас. Гьеб Аллагьасул мина ккола нилъ, – нилъер хьул лъолелдаги нилъерго бахІарчилъиялдаги ракІчІей бугони.
Выбор основного перевода