Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Петра
1 2 3 4 5
Параллельные места
Цинги гьеб ккара-таралъул магІна бичІчІарав Пётр ана Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннил эбел Марямил бакІалде. Гьенибе какде гІемераб халкъ бакІарун букІана гьеб сордоялъ. Пётрица каву бухидал, Рода абун цІар бугей цо гъараваш ячІана гьеб лъица бухулеб бугебали хал гьабизе. Пётрил гьаракь батІа бахъизе лъайдал, гІемерго йохиялъ каву ричІизе рекІеда ятичІого, гьей жание екерун ана ва Пётр вугин кавудул кІалтІайилан бицана гьезда. Дур бетІер сверун бугилан абуна гьез. Жинца гьереси бицунеб гьечІилан чІана гьей. Пётрил рухІ батилин гьебилан абуна гьез. Пётрица жеги-жеги бухулеб букІана каву. Каву рагьараб мехалъ, гьенив Пётр ватидал, хІикмалъун хутІана гьел. РуцІцІун чІайилан гьезие квералъ ишанги гьабун, Пётрица бицана БетІергьанас жив туснахъалъуса къватІиве вачиналъул хІакъалъулъ. Цинги гьес абуна Якъубидаги цогидал вацаздаги бицейин гьеб кинабго. Гьениса къватІиве вахъун, цоги бакІалде ана Пётр. Радал, Пётр киведай тІагІанаян, кутакалда рихха-хочун лъугьана хъаравуллъуда рукІарал дол рагъухъаби. Пётр валагьеян амру гьабуна Гьеродица, амма кинго кодове щвечІо гьев. Дол хъаравулзабиги ахІун, кин-щиб ккарабилан цІехана Гьеродица, цинги гьел чІвазе буюрухъ кьуна. Гьелдаса хадув Ягьудиялдаса Къайсарияталде ун, гьенив чІана Гьерод. Гьесул цІакъ ццин бахъун букІана Тиралъул ва Сидоналъул гІадамазда. Гьебмехалъ цоцазда дандги бан гьез Гьеродихъе жидерго вакилзаби ритІана. Гьезул ракьалде квана-гьекъолеб жо Гьеродил улкаялдаса бачІунеб букІана. Гьединлъидал, гьесул кІалгІаялъув рагьтІателлъун вукІарав Бластилгун гьоркьоблъиги гьабун, Гьеродидасан рекъел гьарана гьез. Гьелгун дандчІвазе къотІи гьабураб къоялъ, чІухІараб ретІелги ретІун, тахиде вахун гІодов чІана Гьерод ва, халкъги гІенеккун, гьездехун хитІаб гьабун кІалъана. Гьебмехалъ халкъалъ ахІулеб букІана, гІадан-инсан гурин, живго аллагь вугин жидеда кІалъалев абун. Амма гьес Аллагьасе рецц гьабичІелъул, гьебсагІат вачІун Бичасул малаикас жаза гьабуна Гьеродие, черхалда борохь бан хвана гьев. Гьедин цІубана ва тІибитІана БетІергьанасул рагІи. Барнабаги Шаулги, жидеда тІадкъараб ишги тІубазабун, Иерусалималдаса Антиохиялде тІадруссана. Маркилан тІокІцІар бугев Иоаннги вачана гьез жидедаго цадахъ. Дида аскІов цохІо Лука хутІун вуго. Маркги цадахъ ваче дуца, дир хъулухъалъулъ гьес дие цІакъ кумек гьабула. Гьединго нужецаги, росал, руччаби нужедаса загІипал рукІинги лъан, гІакъилго-цІодорго гьабе гьезие рослъи. Гьезул хІурмат гьабе, нужее гІадин, гьезиеги насиблъулелъул абадияб гІумру. Нужер гьари-дугІаялъе сунцаниги квалквал гьабизе бегьуларо.
1. Петра
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода