Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьедин МасихІил хвелалдалъун нилъ гьевгун цолъун ругони, гьайгьай, чІаголъизариялдалъунги цолъила нилъ гьевгун. Нилъ божула, МасихІида цадахъ хведал, гьесда цадахъ чІаголъизе рукІиналдаги. МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьасул РухІ нужелъ бугони, МасихІ хваралъуса вахъинавурав Аллагьас нужелъ бугеб жиндирго РухІалдалъун чІаголъи кьела холел-унел нужер чурхдузеги. Гьелда тІадеги, нижеца Аллагьасул хІакъалъулъ гьересинугІлъи гьабураблъунги кколеб буго, – Аллагьас МасихІ хваралъуса вахъинавунилан абулеб мехалъ. Амма хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги гьес хваралъуса вахъинавичІо. ХІакъикъаталдаги МасихІ хваралъуса вахъинавуна, – хваралъуса рахъинаризе рукІиналде киназулго хьул лъеялъе гІоло. Нижеда лъала ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурас, ГІисада цадахъ рахъинарун, нижги нужги Жиндаго цере чІезаризе рукІин.
Выбор основного перевода