Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго!
Диени киданиги сундасаниги чІухІизе бокьиларо, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хъанчидаса гурони! Гьеб хъанчида тІад бигъун хвана дие гІаламги гІаламалъе дунги.