Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
ГІисаца гьезда абуна: – Я, иман дагьаб уммат! Щай нуж хІинкъулел? ТІадеги вахъун амру гьабун гьес гьури къотІизабуна. Ралъад гІодобе буссана. ТІубанго сихІ къотІун дуниялги хутІана. – Ле иман дагьав инсан! Щай дур рекІелъе щаклъи лъугьараб? – анги абун, гьебсагІат квер бегьун ккуна ГІисаца гьев. Гьел кІиялго росонире лъугьиндал, гьури къатІана. Ахирги ГІиса тІаде вачІуна анцІила цо чапар кваналев вукІараб бакІалде. Гьес гьезие бадибчІвай гьабула ракІ согІал чагІи ругин нужилан ва жив чІаголъун вихьарал гІадамазда божичІилан. Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Киб бугеб нужер божи-иман? ХІинкъиялъ гІажаиблъун хутІарал гьез цоцазде ургъел бикьулеб букІана, гьороеги карачалабазеги амру гьабулев ва гьелги жиндие мутІигІав гьавго кинав чийилан.
Выбор основного перевода