Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Мисал бачун цоги хабар бицана ГІисаца гьезие: – Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна жиндирго хуриб лъикІаб хьон хьарав цо пуланав чиясда. Амма гІадамал кьижараб мехалъ вачІун тушманас гьесул ролъул хурибе чІахІил хьон хьан буго ва нахъе ун вуго. Ролъ тІаде баккун, тІор балеб мехалъ, хуриб чІахІги загьирлъун буго. РачІун хурул бетІергьанасда абун буго гьесул рагьтІателаз: – Я, бетІерчІахъад, лъикІаб хьон гурищ дуца хуриб хьан букІараб? ЧІахІица бацун буго гури доб. Тушманас гьабун батилин гьеб ишилан абун буго хурул бетІергьанас. Доб чІахІ бахъизе инищилан абун буго лагъзадерица. Унгейилан абун буго гьас. ЧІахІ бахъулаго цадахъ ролъги бахъизе гурин нужеца. Хур лъилъизе заман щвараб мехалъ, дица лъилъарухъабазда абила батІаго лъилъун, бухІизе чІахІил гулал къайилан, ролъги дир цагърахъе байилан. Цинги, гІадамалги нахъе ритІун, рокъове щвана ГІиса. АскІоре рачІун гьесул муридаз гьарана ГІисада доб хуриб бижараб чІахІил мисалалъул магІна бицеян. Гьес бицана: – Хуриб лъикІаб хьон хьалев чи ккола ГІадамил Лъимер. Хур ккола дуниял. ЛъикІаб хьон ккола ПарччахІлъиялъул агьлу. ЧІахІ ккола илбисалъул агьлу. ЧІахІил хьон хуриб хьарав тушман ккола илбис. Лъилъаризе заман щвараб мех ккола ахир къиямасеб къо. Лъилъарухъаби ккола малаикзаби. Хуриса чІахІ бецун цІадабе балеб гІадин букІина къиямасеб къоялъги. ГІадамил Лъимаца жиндирго малаикзаби ритІила, ва гьез гьесул ПарччахІлъиялдаса чІарала жидеца гІадамал мунагьалъукье ккезаруралги квешлъи гьабуралалги – киналго. Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. РитІун ккаралал гьебмехалъ рукІина жидерго Инсул ПарччахІлъиялда бакъ гІадин кенчІелел. РагІизе гІундул ругезда гьеб рагІила!
Выбор основного перевода