Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Жиндирго муридазда ГІисаца абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: Зобалазул ПарччахІлъиялде ворчІизе цІакъ захІмалъула бечедав чиясе. Гьале цоги нухалъ абулеб буго дица нужеда: рукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса. Гьебмехалъ сверухъ ругел гІадамазухъги валагьун, ГІисаца жиндирго муридазда абуна: – Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе захІмалъулеб куц! Гьелъ муридал хІикмалъизаруна. ГІисаца нахъеги гьезда абуна: – Ле дир лъимал! Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъизе бугеб куцха! Цинги халкъалдехун абуна: – Ворегиха, хъантІиялдаса цІуне нужго! Щайгурелъул дуниялалъул боцІи-рикъзи гьарзаго бугониги, гьелда бараб гьечІо инсанасул гІумру. Хадуб ГІисаца гьезие, мисал бачун, бицана: – Цо бечедав чиясул хуриб бижун букІун буго бакІарун хІалкІоларебгІан гІемераб хІалухъен. Гьес жиндаго абун буго: «Щибдай дица гьабила. Гьеб хІалухъен базе гІураб бакІ гьечІогури дир». Цинги гьес хІукму гьабун буго: «Гьа, гьанже лъана дица щиб гьабилебали. Дирго царгъалги риххун, чІахІиял царгъал гьарила ва тІолабго хІалухъенги цогидаб бечелъиги гьезда жанибе буссинабила. Цинги дица дирго напсалда абила: „Я, дир напс! Гьале чанго соналъе гІураб бечелъи буго дур. РахІаталда кванай, гьекъе, кеп гьабе дурго гьанже!“» Амма Аллагьас абун буго гьесда: «Я, гІабдал! Къаси дур рухІ бахъизе буго! Лъие хутІулеб дуца бакІарараб бечелъи?» Жиндиего хазина бакІарулев, амма Аллагьасда цеве мискинав чиясул къадар гьединаб букІуна. Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: – Бечедав чиясе Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьине захІмалъулеб куц! РукІкІадул ролъиялъусан лъугьине вараниялъего бигьа букІина Аллагьасул ПарччахІлъиялде ворчІизе бечедав чиясеялдаса. Бечелъизе бокьарал гІадамал къосуна, гІемерал гІантал ва заралиял къасдазул къорикье ккола. Гьел къасдаз гІадамал рехула гьел гъурулел ва хвезарулел карачалабалъе. Киналго квешлъабазул аслу-кьучІ ккола гІарац бокьи. Руго гІадамал гІарцуда хадур лъугьунаго божи-иманалъул нухдаса тарарал ва гІакъуба-къварилъабазул чІораз рекІеда ругъун лъезе биччарал.
Выбор основного перевода