Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абула: – Дида аскІоб яхІ рехараб жо гьабизе буго къаси нужеца кинацаго. ТІехьалда хъван бугелъул: «Дица вехь чІвала, гІиял рехъенги рахъ-рахъалде тІурун ина». ГІисаца гьезда абула: – ЯхІ рехизе буго нужеца кинацаго, ТІехьалда хъван бугелъул: «Дица вехь чІвала, гІиги рахъ-рахъалде тІурун ина». Гьедин букІина нужеда рагІараб Рохалил хабаралда хадубккунги нуж кьуричІого божани, къвакІун чІани ва нужер хьулги къинчІони. Жиндие хъулухъалъе дун – Павел – вукІараб гьеб Рохалил хабар дуниялалда бижанщиналда лъазабуна. МасихІ ккола нужер минаялъул кьучІги ва нужер гъотІол кьибилги. Нужеда малъараб къагІидаялъ божи-иман щулалъизабе, шукру гІемер гьабе.
Выбор основного перевода