Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьениса къватІиве вахъун, ГІиса нахъеги Галилеялъул ралъдахъе ана. Гьенибеги тІолабго халкъ бачІана гьесда хадуб. ГІисаца гьезиеги гьабуна вагІза-насихІат. ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Галилеялъул ралъдал рагІалде ана. Гьесда цадахъ добе багъарана Галилеялъул халкъалъул кІудияб руккел. Ягьудиялдасаги, Иерусалималдасаги, Идумеялдасаги ва Иордан гІурул доб рахъалдасаги гІемераб гІалам бачІана гьенибе, ГІисал хІалкІолъиялъул хабар рагІун. Тиралъул ва Сидоналъул ракьалдаса рачІаразулги чІахІиял руккалаби гІуна гьенир. ГІиса жиндирго муридалгун цадахъ Галилеялъул ралъдал рагІалде ана. Гьесда цадахъ добе багъарана Галилеялъул халкъалъул кІудияб руккел. Ягьудиялдасаги, Иерусалималдасаги, Идумеялдасаги ва Иордан гІурул доб рахъалдасаги гІемераб гІалам бачІана гьенибе, ГІисал хІалкІолъиялъул хабар рагІун. Тиралъул ва Сидоналъул ракьалдаса рачІаразулги чІахІиял руккалаби гІуна гьенир. Гьениб муридазда гьес тІадкъана жив тІаде вахине раса хІадур гьабеян: гІадамазул гІемерлъиялъ, гьел тІаде къан рачІине гурилан хІинкъун вукІана гьев. Аллагьасул калам рагІизе гІащикъал гІадамазул кІудияб руккел букІана цо нухалъ гъункун гьесда сверухъе бакІарун. ГІиса гьебмехалъ Геннесарет абулеб хІорил рагІалда вахъун чІун вукІана. ХІорил рагІалда кІиго раса бихьана ГІисада. Русбуздаса къватІире рахъун ччугІихъабаз жидерго гьин чурулеб букІана. Симонил расаялъуве лъугьун ГІисаца гьесда гьарана раса дагьаб жанибегІан бачейилан. Росонив гІодов чІун гІадамазе вагІза-насихІат гьабизе лъугьана гьев.
Выбор основного перевода