Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
Аллагьас нилъее загьир гьабуна МасихІидалъун тІубазабизе кколеб букІараб жиндирго балъгояб мурад. Зоб-ракьалда бижанщинаб МасихІиде цолъизабиялъул ва киналъулго бетІерлъун гьев гьавиялъул мурад Аллагьас тІубазабула болжал щвараб мехалда. Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. Гьаб буго МасихІ ГІисал чапар Павелил кагъат. Нилъ хвасар гьарурав Аллагьасе ва нилъер хьул лъолев МасихІ ГІисае бокьана дун чапарлъун вукІине. Кагъат хъвалеб буго БитІараб нух ккола гьардарав Аллагьасул къудраталъул хІакъалъулъ диде божилъи гьабураб Рохалил хабаралъул нух. Гьанже гьеб загьирлъана нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІиса вачІиналдалъун. Гьес хвел хвезабуна ва Рохалил хабар рещтІарабго гІаламалъе абадияб гІумруги загьирлъизабуна. гьезие цІогь гьабугейилан ва сундулъго лъикІаб божилъи бихьизабейиланги, – гьелдалъун лагъзадерица берцинлъизабила нилъ хвасар гьарулев Аллагьасул малъи.
1 2 3
Выбор основного перевода