Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1 2 3
Параллельные места
Аллагьасе бокьун МасихІ ГІисал чапарлъун лъугьарав Аллагьас гІаламалъе кьелин абун букІараб ва гьанже МасихІ ГІисадалъун загьирлъараб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ Хабар бицине витІарав Павелил рахъалдасан МасихІил баркаталдалъун нилъ Аллагьасда цере ритІухълъула, гьелдалъун нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьулги цІикІкІинабуна. Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, – гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.
1 2 3
Выбор основного перевода