8
Ахиралдаги, вацал, нужер рекІелъ рукІине риччанте хІакъабщиналъулги, къадруябщиналъулги, ритІухъабщиналъулги, бацІцІадабщиналъулги, гьайбатабщиналъулги, мустахІикъабщиналъулги, – кинабго лъикІабщиналъул ва беццизе рекъарабщиналъул пикраби.
Гьедин нужер нуралъги канлъи кьеги гІадамазе, нужер лъикІал ишал гьезда рихьизе, зобалазда вугев нужер Инсуе гьез реццги гьабизе.
Нужее гьабураб квешлъи бецІун квешлъиги гьабуге. Киназго лъикІабилан рикІкІунеб иш гьабизе хІаракатги бахъе.