Хьулалъ ракІ бохизабе. Балагь бачІаниги, къвакІун чІа. Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа.
Ниж къварид гьарула, амма ниж рохун рукІуна. Ниж мискинго руго, амма нижеца гІемерал гІадамал бечелъизарула. Нижер щибниги гьечІо, амма кинабгоги нижеда кодоб буго.