Гьанир ругел киналгоги вацаз битІулеб буго нужеде салам. Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе.
ГІадамаз витІичІев, гІадамазул кумекалдалъунги витІичІев, живго ГІиса МасихІица ва хваралъуса гьев вахъинавурав Эмен – Аллагьас витІарав чапар Павелица ва цадахъ ругел киналго диналъул вацаз хъвалеб буго гьаб кагъат Галатиялда ругел иман лъуразул жамагІатазде.