Дун ккола цІолбол гъабу, нуж ккола гьелъул чІорал. Гьев чи дилъ вугони, дун гьесулъги вугони, гьеб чІоралда тІад гІемераб цІибил бижила. Дидаса ратІалъун нужеда щибниги гьабизе кІоларелъул.
Амма Гьес абуна: «Дидасан бугеб баркатги гІела дуе, загІиплъиялъулълъидал дир къуват камиллъулеб». Гьединлъидал дагьабги цІикІкІун беццила дица дирго загІиплъи, МасихІил къуват дилъго хутІизе.
МасихІие гІоло загІиплъизеги, инжит-хІакъир гьавизеги, захІмалъи баччизеги, хадурчІун дир рахІат хвезабулезул гІазаб-гІакъуба хІехьезеги рази вуго дун, – загІиплъараб мехалълъидалха дун къуватавлъун лъугьунев.