Гьенив гьасда ватана Понталдаса Аквила абун цо жугьутІав. Рималдаса киналго жугьутІал нахъе гъейилан бахъараб Клавдий къайсарасул буюрухъги тІубазабун, жиндирго чІужу Прискиллагун цадахъ Италиялдаса гочун вачІун вугоан гьев. Гьезухъе ваккизе ана Павел.
БетІергьанасул цІоб лъеги Онесифорил кинабго рукъалъул агьлуялда: чанги дир рекІее хІалхьи лъугьинабуна гьес ва дун туснахъалда вукІиналдасаги намуслъичІо.
Рималде вачІараб мехалъ, дун валагьизе хІаракат бахъана ахирги дун ватизегІан.