Суд гьабулеб рокъоса къватІире рахъарал чапарзаби рази-ракиго рукІана ГІисал цІар сабаблъун хІакъирлъи-къварилъи насиблъанилан.
Гьеб РухІалъ, нилъерго рухІазгун цадахъ, нугІлъи гьабула нилъ Аллагьасул лъимал рукІиналъе.
Нилъ лъимал кколел ругони, ирсилаллъунги ккола. МасихІидаго цадахъ нилъги рукІуна ирсилаллъун. Гьес хІехьараб гІазаб-гІакъубаялъул бутІа щвани, гьесул кІодолъиялъул бутІаги щвела нилъее.
Дир цохІо мурад буго: МасихІги гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьги лъазе, МасихІил гІазаб-гІакъубаги диего гІахьал гьабизе, хвалилъги гьесда релълъине!