Жиндирго ццин бахъин бихьизабизе ва къудрат загьир гьабизе бокьаниги, халатккун сабруги гьабун, гьел «Аллагьасул ццидал цІурал хъубилъун» ругел гІадамал хвезаризе гІедегІуларо Аллагь.
Гьесие бокьана жиндирго гьарзаяб баркат нилъеде – «Аллагьасул цІобалъул цІурал сурахІабазде» – рещтІинабизе. Гьес цебеккунго хІукму гьабун букІана нилъее баркат насиблъизабилин. Аллагьас жиндихъего ахІун руго нилъ – жугьутІал гурелги, цогидал халкъалги.
МасихІ сабаблъун Аллагьас нилъ тІаса рищана жиндирго халкълъун рукІине. Жиндиего бокьухъе кинабго гьабулесул къадар букІана