Жиндирго Васгун – нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІгун – цолъизе нуж тІаса рищарав Аллагь ритІухъав вуго.
Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи.