Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Рокьи нужелъ цІикІкІине хІаракат бахъе. Илагьияб РухІалъ кьолеб махщел-гьунарги тІалаб гьабе, сундасаго цІикІкІун тІалаб гьабе Аллагьасул амруял халкъалда лъазаризе бажари. Данделъаразда Аллагьасул амруял лъазаризе кІигояв яги лъабгояв лъугьа, цогидазин абуни, гьез бицараб борцине ккела. Аллагьасдасан бачІараб Илагьияб РухІ пашманлъизабуге, тІубанго тархъанлъараб къоялъе гьелъул мугьрулъидал нужеда чІван бугеб. ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила – Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода