Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Жидее щолеб букІараб хайиралдаса махІрумлъарал гьей гъаравашалъул бетІергьабаз, ккун рачун, Павелги Силаги базаркъотІноре хІакимзабазда аскІоре щвезаруна. Гьелги судиязухъе рачун: – Гьал жугьутІал руго, – ян абуна гьез, – гьаз нилъер шагьаралда питна багъаризабулеб буго. Нилъеца – Рималъул гІадамаз – къабул гьаризеги тІуразаризеги бегьуларел гІадатал тІиритІизарулел руго гьаз. Халкъ цадахъго Павелидаги Силадаги тІаделъана. Къадияз амру гьабуна, тІаса ретІелги бахъун, хьопоца рухеян. ЛъикІго хьопоцаги рухун, туснахъалъур тІамуна гьел. Туснахъалъул хІакимасдаги лъазабуна лъутиларедухъ хъаравуллъи чІезабеян. Гьеб буюрухъ тІубазабун, гьес Павелги Силаги тІамуна туснахъалъул бищунго жанибегІан бугеб рокъор, гьазул бохдузда хІухьдулги рана. Амфиполалдасан ва Аполлониялдасан ун гьел щвана жугьутІазул синагогаги жаниб бугеб Фессалоникаялде. Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса. ЖугьутІазул гІемерисел, гьезда божун иманалде рачІун, Павелидеги Силадеги цолъана. Иман лъуразда гъорлъ цІикІкІунисел рукІана гьединго Аллагьасе гІибадат гьабулел грекалги, дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел руччабиги. Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян. Дир гІадинаб къеркьеялъулъ гІахьаллъизе руго нуж. Нужеда гьеб доб мехалъ дилъ бихьана ва гьанже дилъ бугилан рагІулебги буго. Гьелъие гІоло хІалтІулев вуго дун, ва дилъ багъулеб буго гьесдасан щвараб гучаб къуват. Нижер Рохалил хабар, рагІабаздалъун гуребги, Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги нужехъе щведал ва гьеб кинабго хІакъаб-кьучІаб бугелъул, нижеда лъала, вацал, Аллагьасе нуж рокьулеллъиги гьес нуж тІаса рищун рукІинги. Нужеда лъала нужее лъикІлъиялъе ниж гьенир кин хІалтІаралали.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода