Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица. Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана. Гьеб заманаялда Гьерод ханас иман лъуразул агьлуялъул цо-цо гІадамал жанир тІамуна, гьел тІагІинаризе бокьун. Филиппиялда ругел киналго МасихІ ГІисаде цолъун иман лъуразде, нужер агьлуялъул бутІрузде ва церехъабазде салам буго МасихІ ГІисае хъулухъалъе чІарал Павелилги Тимофейилги. Нилъер Эмен – Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде салам буго Павелил, Силал ва Тимофейил рахъалдасан. ЧІухІун бицуна нижеца иман лъуразул жамагІатазда нужер хІакъалъулъ. Нужее бугеб кинабго гІазаб-гІакъубаги захІмалъи-къварилъиги сабру-иманалда хІехьолеб бугилан реццула.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода