– Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго.
Нужедайин абуни, доб мехалда Аллагь лъалев вукІинчІо, – гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел хутІун рукІана нуж.
Нужедаго лъала, вацал, ниж гьенире рачІин гІадада ккечІеблъи.