Гьедин ТІадегІанасул къудраталдалъун тІибитІулеб ва щулалъулеб букІана Аллагьасул рагІи.
Гьединал лъугьа-бахъиназдаса хадуб, Илагьияб РухІалъ малъун, Павелица хІукму гьабуна Македониялъул ва Ахаялъул ракьалдасан Иерусалималде ине. Гьес абуна: – Цин цо дове щвела дун, цинги дида Рим бихьизе ккола, – ян.
ТІолабго Македониялда ругел вацал рокьулелъулха нужее. Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, дагьалги цІикІкІун цоцазе рокьейилан.
ужра-мухьалде хьул лъун гуреб, – Аллагьасе хъулухъ гьабизе бугеб гъира-шавкъгун. Нужеда божун таразе ханлъи гьабуге, рехъадулъ ругезе мисал бихьизабе.