Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Киналго муридалин абуни, Илагьияб РухІалъул цІун, роха-хинлъун рукІунаан. Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян. Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана: – Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго. Гьав Ясоница гьел жиндихъего гьоболлъухъ рачун рукІана. Гьел киналго къайсарасул къануналда дандечІун руго. ГІисайилан цоги парччахІ вугилан абулеб буго гьез! Гьеб хабаралъ халкъалъулги шагьаралъул бутІрузулги рахІат хвезабуна. Гъоркьлъалие гІарацги лъезабун, нахъе риччана гьез Ясонги цогидал муридалги. Павелги Силаги гьеб сордоялъго Бероялде ритІана вацаз. Гьенире щведал гьал ана жугьутІазул синагогаялъуре. Гьединлъидалин дида релълъун хьвадейилан гьарулеб бугеб дица нужеда. Дица МасихІидасан мисал босулеб бугеб гІадин, дидасан нужецаги мисал босе. Дидасан мисал босе, вацал, ва нижедасан мисал босун хьвадулезухъги ралагье. Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. Гьедин хьвадиларилан чІарав чияс инсанасдасан бачІаралде гуро мугъ рехулеб бугеб, нужеде Илагьияб рухІ рещтІинабурав Аллагьасдасан бачІаралдейин. Нужедаго лъалелъул нижедаса мисал босун хьвадизе кколеблъи. Ниж гьенир ругеб мехалъ нижер кІвахІаллъи бихьичІогури нужеда. Нужеца хьихьейилан абизе ихтияр букІаниги, ниж гьедин хьвадана, нижедасан мисал босизе букІине.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода