Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
гьабуна кутакал гІаламатазулги мугІжизатазулги къуваталдалъун, Илагьияб РухІалъул къуваталдалъун. Иерусалималдаса бахъараб Иллирикалде щвезегІан тІибитІизабуна дица МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабар. Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар – гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, – нужелъ гьеб божи-иман, инсанасул гІакъиллъиялдалъун гуреб, Аллагьасул къудраталдалъун лъугьине. Аллагьасул ПарччахІлъи хабар-гаргаралъулъ гуро бугеб, къуват-гучалъулъин. Гьезул ракІал къвакІизе, цоцазе рокьун, цолъун рукІине, хІакъабщиналъул гІелму тІубанго бичІчІизе, бичІчІун хадуб, гьелда гьезул тІубанго ракІчІезеги бокьун буго дие. Гьеб мехалъ тІубанго загьирлъула Аллагьасул балъголъи – МасихІ! Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. Нуж нижее цІакъ рокьана! Рохалил хабар нужехъе кьей гуребги, нужее гІоло рухІ кьезеги разилъилаан ниж. ГьедигІанги хиралъана нуж нижее. Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна. Аллагьас нуж тІаса рищана, нижеца бицараб Рохалил хабаралъухъ гІенеккидал. ТІадегІанав ГІиса МасихІил машгьурлъи нужехъеги щвезейин нуж тІаса рищарал. Нужедаго лъалелъул нижедаса мисал босун хьвадизе кколеблъи. Ниж гьенир ругеб мехалъ нижер кІвахІаллъи бихьичІогури нужеда.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода