Жеги дуниял бижилелдего тІаса рищана Аллагьас нилъ, МасихІиде цолъун, жиндирго халкълъун лъугьине ва, рокьи рекІелъ цІунун, жинда цере рацІцІадго ва гІайиб-хатІа кколаредухъ хьвадизе.
ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила – Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал.