Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Бищунго цебе – тІолабго дуниялалда нужер божи-иманалъул цІар тІибитІун бугелъул, ГІиса МасихІги рехсон, дирго Аллагьасе рецц гьабула дица. Жиндир Васасул хІакъалъулъ Рохалил хабар тІибитІизабун, ракІ-ракІалъго дица хъулухъ гьабулеб бугев Аллагьасда лъала: щибаб дир дугІадулъ кидаго ва нахъаса къотІичІого рехсола нуж. Дица Аллагьасда гьарула, гьесие бокьани, гьанжегІаги нужехъе вачІине рес ккагиян. дугІадулъ нужги рехсон, дица кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Нуж ракІалде щванщинахъе дица рецц гьабула дир хирияв Аллагьасе. Нужеда киназдаго гурхІагиян Аллагьасда гьарулебщинахъе дир рекІелъе рохел лъугьуна, ДугІадулъ нуж рехсолаго, нижеца кидаго рецц гьабула нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил Инсуе – Аллагьасе. Нужер иман щулалъулеб бугелъул ва нужер киназулго цоцазде рокьиги цІикІкІунеб бугелъул, нужги дугІадулъ рехсон, нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула. Гьеблъидалха Аллагьасе рецц гьабизе мустахІикъаб иш. Гьединлъидалин нижеца кидаго гьари-дугІа гьабулеб, нилъер Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул, гьелъие мустахІикъаллъун гьарейилан, жиндирго хІалкІолъиялдалъун гьес нужер лъикІалщинал къасдал тІуразарегийилан, нужерго ишаздалъун иман камиллъизабегийилан.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода