Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. РухІ бахъиялъул гІазабалдаса хвасар гьавун, Аллагьас гьев хваралъуса вахъинавуна, хвалил рахсазда кквезе кІвечІелъул. Жинца тІаса вищарав Чиясдалъун тІолго гІаламалъе ритІухъаб суд гьабулеб къо чІезабун бугила. Гьелда нилъер ракІчІезе гІолойила жинца гьев хваралъуса вахъинавурав. Гьесул би гІодобе тІедалин нилъ гьанже ритІухълъарал. Аллагьасул ццидадасаги кигІан цІикІкІунха гьес нилъ хвасарлъизарилел! щайгурелъул МасихІил ишалъе гІоло рухІ кьезе хІадурго хвалде гІагарлъун вукІана гьев, дие хъулухъ гьабизе гьечІеб нужер рес бецІизе бокьун. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Жиндирго ццин нилъеде рещтІине гурелъул Аллагьас нилъ тІаса рищун ругел, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ хвасар гьаризелъидал. Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ. Аллагьасул Къо бачІиналъухъ – цІа рекІун зобал щущан унеб ва зобалазда ругелщинал цІадулъ риун унеб къо бачІиналъухъ – ралагьун чІун руго нуж, хехго бачІагиян гІашикълъун руго!
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода