Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Параллельные места
Гьелдаса хадув Павел щвана Дербиялде ва Листраялде. Тимофей абун цо мурид вукІана Листраялда. Гьев вукІана иман лъурай жугьутІалъул вас, гьесул эмен вукІана грекав. Амфиполалдасан ва Аполлониялдасан ун гьел щвана жугьутІазул синагогаги жаниб бугеб Фессалоникаялде. Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса. ЖугьутІазул гІемерисел, гьезда божун иманалде рачІун, Павелидеги Силадеги цолъана. Иман лъуразда гъорлъ цІикІкІунисел рукІана гьединго Аллагьасе гІибадат гьабулел грекалги, дагьал рукІинчІо къадру-къимат бугел руччабиги. Гьезда жахІда ккарал жугьутІаз, базаркъотІноре ун квешалщинал гІадамал ракІарун, шагьаралда багъа-бачари лъугьинабуна. Ясонил бакІалде рачІун гьез тІалаб гьабулеб букІана Павелги Силаги жидехъе кьеян. Гьенир гьел ратичІеб мехалъ, Ясонги гьенир рукІарал цо-цо вацалги шагьаралъул бутІрузухъе рехъерхъана. ГІадамаз ахІулеб букІана: – Гьел руго тІолабго дуниял бегуниса бахъарал чагІи! Гьале гьанже нилъер гьаниреги рачІун руго. Гьав Ясоница гьел жиндихъего гьоболлъухъ рачун рукІана. Гьел киналго къайсарасул къануналда дандечІун руго. ГІисайилан цоги парччахІ вугилан абулеб буго гьез! Гьеб хабаралъ халкъалъулги шагьаралъул бутІрузулги рахІат хвезабуна. Гъоркьлъалие гІарацги лъезабун, нахъе риччана гьез Ясонги цогидал муридалги. Павелги Силаги гьеб сордоялъго Бероялде ритІана вацаз. Гьенире щведал гьал ана жугьутІазул синагогаялъуре. Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги Рималда ругел киналго Аллагьасе рокьулел гІадамазда, иман лъуразул агьлулъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразда! Жиндир хІакъалъулъ нижеца – дицаги, Сильваницаги, Тимофейицаги – нужеда Рохалил хабар бицарав ГІиса МасихІица, ай Аллагьасул Васас, киданиги абичІо цин «уйилан», цинги «гурилан». ГІицІго «у» букІана гьесулъ. Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги нужеда. Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. Нилъер Эмен – Аллагьасде ва ТІадегІанав ГІиса МасихІиде иман лъуразул Фессалоникаялда бугеб агьлуялде салам буго Павелил, Силал ва Тимофейил рахъалдасан. Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил салам ва баркат лъеги нужеда.
1. Фессалоникийцам
1 2 3 4 5
Выбор основного перевода